ЦIобокь
Материал из Wikipedia.
ЦIобокь (гIурус мацIалда Зубутли) росу ккола кIудияб тарихалъул росу. Гьеб чIчIун буго Сулахъ гIурул рагIалда, Салатавиялъул мугIрузда. Росу кида гIуцIцIарабали лъалеб гьечIо, амма тарих кIудияб букIиналъе хIужжаби рачине бегьула гIагарда бугеб ЧIикIаб росдал тарихалъухъ балагьун. Цодагьалъ цебе ЧIикIаб росулъ 1000 сон баялда бухьун кIудияб данделъи букIана.
1895 соналда Россиялда гьабураб хъвай-хъваялда рекъон ЦIобокь росулъ вукун вуго 1069 инсан. Гьаб макъалаялда дица кьолеб буго гьеб хъвай-хъвай.